Ассалам Алейкум
Меню сайта
Категории каталога
Имамы [16]
Предводители нашего народа
Воины и герои [8]
Героические личности
Алимы [0]
Алимы и др ученые люди
Спортцмены [0]
Наши чемпионы
Наш опрос
Оцените мой сайт
Всего ответов: 258
Главная » Файлы » Люди » Воины и герои

Ах1ул гох1да рагъарал бах1арзазул сиях1
[ ] 07.02.2008, 15:17

1. Ч1ик1аса Муртазаг1али-бах1арчи. Шамилица бах1арзазда гьоркьоб гьесул ц1ар

т1оцебе рехсана.

2. Хунзахъа Хириясул вас Г1алибег-г1алимчи, багьадур, "Сурхайил си"

машгьурлъизабурав мугьажир. Ах1улгох1алъул бищунго машгьурал ва тавакалал

бах1арзазул цояв.

3. Генуса Бартихан -Шамил имамасул инсул вац, г1алимчи, Ах1улгох1алъул бах1арчи.

4. Колоса Сурхай-машгьурав г1алимчи, махщел т1ок1ав устар, мугьажир. Гьесул ц1ар

буго гьабсаг1аталдаги Шулалъул гох1алда.

5. Ч1иркъат1аса Гъази -т1аде ккараб къо баччулев рагъухъан, г1алимчи. Хвана

бах1арчи г1адин.

6. Рихьуниса Балалил вас Мух1амад -биценалда рекъон цо къоялъ нусгоялде г1агарун

тушман ч1варав игит. Рагъул ахираб къоялда г1арадаялъул гуллица гьесул гъеж

лъукъана, г1иц1го щук1дуз ккун далун хут1араб гъеж гьес х1ет1еги т1ад ч1ун т1ун

рехана. Рагъда кутакалда свакарав гьев г1урусазухъе асирлъуде ккана ва гьенивго

хут1ана. Гьенивги гьев тушманасе х1еккунароан.

7. Рихьуниса Мух1амад -бах1арчи г1адин хвана.

8. Хиракил вас Х1усейн -Аргъваниса багьадур, цо къоялда 100 ялдасаги хадув

тушман ч1вана гьес.

9. Ханакайил вас Мух1амад-Аргъваниса бах1арчи.

10. Генуса Мух1амад-т1оцевесев имам Гъазимух1амадил яцалъул вас, багьадур,

г1олохъанав г1алимчи, бах1арчи г1адин

хвана Ах1улгох1 ц1унулел т1оцересел къояздаго. Шамилие гьев кутакалда вокьулаан.

11. Балахьуниса Г1усман-багьадур, тушманзабазе рах1ат толароан, г1арадаялъул

гулица к1иябго х1ет1е т1езабун бук1ана.

12. Генуса Ибрагьимов Х1усейн-багьадур, лебалав рагъухъан.

13. Гьарадерихъа Оцав (Усав) - багьадур. Чачаназул Белти абулеб нек1сияб росулъ

нижеда бицана щибаб сордоялъ гьев

лъеда хадув Г1андиг1урухъе виччалаанила ва гьебги босун вач1унаанила.

14. Харахьиса Г1алихан-багьадур, г1алимчи, махщел т1ок1ав устар.

15. Г1орот1аса Г1аликул Х1усен-Шамилил рит1ухъав мурид, бах1арчи, гьесул

т1олабго хъизан Ах1улгох1да хвана.

16. Г1орот1аса Саг1аду-Ах1улгох1алъул бах1арчи. Гьесулги т1олабго хъизан

гьенибго хвана.

17. Г1урк1ач1иса Муртазаг1алил вас Мух1амад-имамасул гьудул, гьебго заманалда

гьесул даимал аскаразул (низамалъул) бет1ер вук1арав Муртаза абурав ц1одорав ва

кинабго жо лъазе бокьулев г1олилав васасул эмен.

18. Мач1адаса Муртазаг1али-Шамилил рак1-рак1алъулав гьудул.

19. Х1отодаса Мух1амадг1али-багьадур, хвана бах1арчи г1адин.

20. Сугъралъа Къокъав Г1умар-лъелго х1ежалде Маккаялде щварав к1удияв г1алим.

21. Т1индиса Бусайлав-х1инкъи-къай лъаларев рагъухъан, гьес ч1вана областалдаги

тира-сверун топографиялъул суратал рахъулел ва кьуруг1усазул роценал гьарулел

рук1арал г1урусазул начальникзаби ва гьединго ккуна Паличул Мух1амад. Гьесухъа

ва гьесда цадахъ вук1арав чиясухъа бахъана г1урусазул начальникзабаз гьезие кьун

бук1араб бечелъи.

22. Дилималдаса Султанбег-Кавказалъул рагъул бах1арчи," рагъулаб нух байбихьана

жеги Гъазимух1амад имамасда цадахъго, цо рагъулаб дандч1ваялда мах1румлъана

бералдаса. Аргъванир ва Ах1улгох1да ккарал киналго рагъаздаса гьес Шамил

ц1унулев вук1ана. Хвана Ах1улгох1даса нахъе унаго пачаясул солдатазул

кьвагьиялдаса жиндирго керенги кьун Шамил ц1унулаго. Цох1о къоялда Ах1улгох1да

гьес ч1вана 150ялде г1агарун тушман.

23. Щобокьа Давудбег-бах1арчи х1исабалда хвана Шамилида цеве. Гьесул гьунаразул

х1акъалъулъ Шамилица хъвана 1852 соналда Салатавиялъул наиб Буртунаялдаса

Гъайирбегил ц1аралда бит1араб жиндирго кагътида.

24. Гьоц1алъа Г1амирхан-бег - имам Х1амзат-бегил гьит1инав вац. Хвана 1839

соналъул 23 июлалда хъалаялдаса къват1ивеги лъугьун Ах1улгох1да цебе бук1араб

г1урусазул батарея щущазабулаго.

25. Г1орот1аса Г1аликул Г1умар-бах1арчи, къо х1ехьолев ва лебалав мурид.

26. Г1орот1аса Сакул Х1адис-Ах1улгох1алъул бах1арчи.

27. Унсоколоса Мух1амадг1али-зах1матго лъукъарав гьев нохъода жанив мумиялде

сверана ва лъугьана будалаълъун. Х1инкъи гьеч1ев рагъухъан.

28. Гьидалъа Х1усен-Унсоколоса Мух1амадг1алида цадахъ лъукъарав гьев гьесдаго

цадахъ цого нохъода жанив вук1ана, х1инкъи гьеч1ев рагъухъан.

29. Г1алиаскар-х1ажи-апанди - цахурав, бихьинчияв мугьажир, г1алим, мулла,

к1иц1уса лъукъун вук1ана. Ах1улгох1да кидаго нухмалъи гьабулаан хварал

рукъиялъе, живго вук1ана Куба улияталъул Цахул росулъа. Шамил асирлъуде ккараб

мехалъ, хъизангун цадахъ гьев Маккаялде ана ва гьенив вукъунги вуго.

30. Гьарак1униса Къебедмух1амадил вас Мух1амад - бах1арчи г1адин хвана. Вагъулев

вук1ана васгун цадахъ, 12 сон барав гьев хведал тушманасде кьвагьдана гьесул

жаназаялда т1асан, васасда цадахъ живгоги хвана.

31. Гьарак1униса Мух1амадил вас-бихьинчи г1адин хвана инсуда цадахъ.

32. Г1орот1аса Нурмух1амадил вас Маза-Ах1улгох1 ц1унулел т1оцересел къояздасанго

живго вихьизавуна бах1арчилъун.

33. Г1орот1аса Мусах1ажияв-тунка-г1усиялъулъ г1ахьаллъизе байбихьана жеги

Гъазимух1амадида цадахъго. Гъазимух1амад ч1вараб къоялда гьев бералдаса

ват1алъана, бихьинчи г1адин Ах1улгох1да хвана.

34. Г1амирханил вас Малачи-Г1ашилт1а росулъа, хвана "Сурхайил сивухъ" жанив,

Ах1улгох1 ц1унарал бищунго

машгьурал бах1арзазул цояв.

35. Г1ашилт1аса Малачил вас Сурхай-багьадур, бах1арчи г1адин хвана.

36. Г1ашилт1аса Х1ажияв-х1алхьи лъаларев багьадур, хвана гьесул кинабго цебесеб

г1агарлъиялъул г1адамалги.

37. Г1ашилт1аса Hyxlaa-гьесул бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ руго г1емерал

биценал.

38. Г1ашилт1аса К1удияв Мух1амад-Шамилил лебалав ва бах1арчияв мурид.

39. Г1ашилт1аса Ах1мадх1ажияв-рагъазул бах1арчи, Шамилица т1адег1анаб къимат

кьолаан гьесул лебаллъиялъе.

40. Унсоколоса Т1агьир-бах1арчи, имамасул божарав мурид.

41. Генуса Г1усман-Шамилил яцалъул вас, бах1арчи г1адин хвана.

42. Г1ашилт1аса Даришиласул вас Мух1амад-бах1арчи г1адин хвана.

43. Г1ашилт1аса Малачил вас Мух1амад-Ах1улгох1да бихьинчи г1адин хвана.

44. Г1ашилт1аса Малачил вас Гъази-кваридаги вухьун Г1андиг1урулъе лъеда хадув

виччалаго хвана.

45. Белти росулъа Султан-чачанав, Ах1улгох1де вач1ана Ахъбердил Мух1амадида ва

ич1го сон барай жиндирго яс Пат1иматида цадахъ. Эменги ясги хвана бах1арзал

г1адин.

46. Ч1иркъат1аса Х1ат1алгьеч1-хвана бах1арчи г1адин (х1акъикъияб ц1ар лъазе

к1веч1о).

47. Ч1ирк1ат1аса Имангъалав-хвана бах1арчи г1адин.

48. Ч1иркъат1аса Хизил Г1али-Ах1улгох1алъул бах1арчи, чанго нухалда лъукъун

вук1ана.

49. Ч1иркъат1аса Хамиз-Г1ашилт1аса Пат1иматил бах1арчилъи такрар гьабуна гьелъ.

50. Ч1иркъат1аса Халаймеседо-гьей к1ияйго ясалъ (Хамизица ва Халаймеседоца)

жидерго умумузе ва вацазе кумек гьабулеб бук1ана тушманасул гьужумал нахъч1вазе.

К1иявго эмен г1умруялдаса ват1алъидал бак1 хисун рагъана, Ах1улгох1 ц1унарал

ахирал къоязда, кодор хунжрулгун, хвалчабигун, бихьинал г1адин рагъана.

Тушманасухъе асирлъуде ккеч1ого рук1инелъун, зах1матго лъукъарал гьел,

Г1андиг1урулъе к1анц1ана.

51. Г1ашилт1аса Хану-Шамилгун цадахъ эркенлъуде ворч1арав ва хадувккун к1удияв

г1алимлъун вахъарав Къурбанг1алил эбел, жиндирго г1олохъанав вас хвасар

гьавулаго гьей Ах1улгох1да багьадур г1адин хвана.

52. Г1ашилт1аса Париханил эбел-жиндирго вац хвасар гьавулаго Ах1улгох1да хвана.

Ах1улгох1алъул реццалъул ц1ар т1ибит1изабуразул цояй.

53. Г1ашилт1аса Нух1ав-Ах1улгох1 сверун ккурал ахирал къоязда бах1арчи г1адин

хвана, х1ехьана рагъул киналго зах1малъаби.

54. Г1ашилт1аса Урдаш-Ах1улгох1да вагъулев вук1ана, хадусеб къисмат лъазабизе

к1всч1о.

55. Генуса Жавгьарат-имам Шамилил ч1ужу, зах1матго лъукъун йик1ана, асирлъуде

ккеялдаса хвел т1аса бищана.

56. Шамилил ва Жавгьаратил вас Саг1ид эбелалда аск1ов хвана, гьесул бук1ана

г1иц1го к1иго сон.

57. Шамилил яц Пат1имат-лъимаде йик1ана, тушманасухъе ккеч1ого йик1инелъун

Г1андиг1урулъе к1анц1ана.

58. Г1орот1аса Палибегх1ажиясул вас Юсуп-бах1арчи г1адин хвана.

59. Дилималдаса Г1умахан-гьесул бук1ана 16 сон, г1ужда туманк1 реч1ч1изе бук1ана

бергьараб гьунар. Шамилил буюрухъалда рекъон гьев вахчизавун вук1ана кьурул

каранда бугеб хъит1алда нахъа. Гьенисан алхинч1ого туманк1 реч1ч1ун г1емерал

тушбаби ч1вана гьес, Хвана ахириял къояз вахчараб бак1алда г1арададул гулла щун.

60. Дилималдаса Сулейман-чанго нухалда лъукъун вук1ана, 21 августалда тушманасул

хучдузде т1аде к1анц1ун шагьидлъана.

61. Гертмаялдаса Шамсудин-рагъул бах1арчи, ахириял къоязда хвалилал ругънал щун

вугев чи, аск1осан унев вук1арав г1урусазул офицерги хадув ц1ан кьурулъа гъоркье

Г1андиг1урулъе к1анц1ана.

62. Щобокьа Г1умаханил Нуцал-рак1 къвак1арав бах1арчи.

63. Ц1обокьа Халикъ-чанго нухалда лъукъун вук1ана, бах1арчи г1адин хвана.

64. Ц1обокьа Зайнудинил Ислам-Ах1улгох1алъул бах1арчи.

65. Ц1обокьа Г1амирил Мух1амад-гьунар" т1ок1ав г1ужихъан, бах1арчи г1адин

шагьидлъана.

66. Ц1обокьа Г1исах1ажи-Ах1улгох1да шагьидлъана рагъ ахиралде щолаго ва

чанц1усаго лъукъана.

67. Ц1обокьа Г1али-имамасул гьудулзабазул цояв. Гох1да вук1ана рагъул т1оцебесеб

къоялдаса нахъе, шагьидлъана 21 августалда г1урусазул хучдузда гъоркь.

68. Хубаралдаса Нажмудин-шагьидлъана рагъул ахириял къоязда, аск1об кьвагьараб

г1арададул гулица черхалда г1емерал ругъналги лъун.

69. Гуниялдаса Султан-бах1арчиго вагъана, кинан хваравали лъазе к1веч1о.

70. Гуниялдаса Г1умар-бах1арчиго вагъана ва шагьидлъана июль моц1алъул ахиралда.

71. Буртунаялдаса Султ1анг1али-шагьидлъана Шулалъулгох1-"Сурхайил си" бахъун

хадуса.

72. Буртунаялдаса Мух1амад - шагьидлъана г1емерал хвалилал ругъназдаса хадув.

73. Ч1ик1аса Нуцалалил Х1амзат-бах1арчи г1адин шагьидлъана Гох1да.

74. Г1ашилт1аса Иляс-г1иявехь, Шамилиеги гьесул гьудулзабазеги Ах1улгох1даса

рорч1ун унаго нух бачине кумек гьабурав чи. Цеве унаго гъоркьч1алида рук1арал

г1урусал ч1вала гьес.

75. Дилималдаса Мух1амадх1ажиясул вас Ибрагьим-шагьидлъана бах1арчи г1адин,

хвалил ругънал щварав чи, кьурулъа т1аде рач1унел тушбабазул хучдузде т1аде

к1анц1ана.

Категория: Воины и герои | Добавил: nord-kaukas
Просмотров: 2131 | Загрузок: 0 | Комментарии: 1 | Рейтинг: 2.5/2 |
Всего комментариев: 0
Имя *:
Email *:
Код *:
Форма входа
Поиск
Друзья сайта

Copyright MyCorp © 2024
Конструктор сайтов - uCoz