Ассалам Алейкум
Меню сайта
Категории каталога
Имамы [16]
Предводители нашего народа
Воины и герои [8]
Героические личности
Алимы [0]
Алимы и др ученые люди
Спортцмены [0]
Наши чемпионы
Наш опрос
Оцените мой сайт
Всего ответов: 258
Главная » Файлы » Люди » Воины и герои

Г1урусаз бахъараб хъалаялъуса ч1аго къват1ире рорч1арал Ах1улгох1 ц1унаразул сиях1
[ ] 07.02.2008, 15:28

Нижеда лъазе к1вана ахирал балагьал къоязда Ах1улгох1даса нахъе унаго цо

кинабалиго х1икматаб куцалда талавурчаг1азул ризал хъаравуллъияльулал

постаздасан къват1ире рорч1изе к1варал гьал хадур рехсарал г1адамазул ц1арал:

1. Г1орот1аса К1удияв Мух1амад-рагъул бах1арчи, Шамилил вук1арав хазиначи,

кидаго вук1ана Шамилида цадахъ, гьевгун ана Маккаялде, хадув т1ад вуссана

Стамбулалде, хвана ва вукъун вуго гьенивго.

2. Г1орот1аса Чудахил вас Муртазаг1али-Ах1улгох1алъул бах1арчи, зах1матго

лъукъун вук1ана, хадув т1амуна наиблъун, хвана Ичкериялъул Шалиялда г1агарлъухъ

рагъда, гьенивго вукъунги вуго.

3. Г1орот1аса Сах1ибиласул вас Мух1амад-зах1матго лъукъун вук1аниги

Ах1улгох1алдаса къват1иве ворч1ана, х1аракатаб г1ахьаллъи гьабуна г1емерал

рагъулал лъугьа-бахъиназда, хадув Паркала росдада аск1об ккараб рагъулъ ч1вана

(Лак район).

4. Г1орот1аса Сухъурх1ажиясул вас Мух1амад-гох1да вагъиялъул бах1арчи, зах1матго

лъукъун ва черхалда анлъго ругъун лъун бук1ана, кин бугониги Гумбеталъул Ингишо

росулъе ворч1ана, гьенивго сах гьавуна, хадув Даргъове ине к1вана, Шамилица гьев

к1удияб рохалидалъун къабул гьавуна ва т1адкъана сундасаго нахъекъай гьеч1ев

нусго муридасе бет1ерлъи гьабизе.

5. Бодул цевехъан Муртазаг1али-эркенлъиялъе г1оло гьабулеб рагъул т1олабго

заманалда вук1ана Шамилил рит1ухъав гьудуллъун ва кумекчилъун, Ах1улгох1алъул

бах1арчи, вук1ана зах1матго лъукъун, г1ахьаллъана 1859 соналда Гъунир ккарал

ахирал рагъазулъ.

6. Мелъелт1аса Батир-Ах1улгох1алъул лебалав багьадур, лъукъарав гьев вахчун

вук1ана нохъода. 22 августалъул сардилъ пачаясул солдатазул хъаравуллъиялде

т1аде к1анц1ана, цин офицер ч1вана, хадур хут1арал солдаталги лъуг1изарун

эркенлъиялде ворч1ана.

7. Г1ашилт1аса Даришилав-х1инкъи лъаларев бах1арчи, г1ужилав кьвагьдохъан,

Ах1улгох1даса къват1ире лъугьунаго Шамилие нух эркен гьабуна. Хъаладухъа

къват1иве ворч1ана гьенире т1аде талавурчаг1и рахараб мехалда, чанго нухалда

лъукъун вук1ана.

8. Г1ашилт1аса Къурбанг1али-гьесул бук1ана г1иц1го 15 сон, вагъулаан ц1одорго ва

лебалго. Хадуб Шамилица к1удияб к1вар кьуна гьев ц1ализавиялде. Гьесда т1адкъан

бук1ана маг1арда ккараб рагъул х1акъалъулъ хъвазе. Бицуна гьес к1удияб х1алт1и

хъван ва гьелъул щибаб гьурмада живго гьесул маг1ил лъалк1ал хут1ун рук1анилан.

Гьеб гьанжелъизег1анги кодобе щун гьеч1о. Шамил асирлъуде ккаралдаса хадув гьев

х1алт1ана Хунзахъ къадилъун, хадув Шурагьив гьебго ишалда. Къурбанг1алица

жинцаго хвезабун, ялъуни кибниги маг1арухъ нахъе ц1унун батизе бегьула гьеб

къиматаб х1алт1и.

9. Г1ашилт1аса Г1амирхан-14 сон барав гьев вагъулаан гъалбац! г1адин тириго,

вук1ана лъукъун, Ах1улгох1даса ворч1ана. Гьесул хадусеб къисмат лъаларо.

10. Г1ашилт1аса Куримух1амадг1али - вагъана лебалго, гьесул гьунаразул

х1акъалъулъ биценал релълъуна бит1ахъе маргьабазда.

11. Аргъваниса Салих1иласул Х1ажи-зах1матго лъукъарав гьев лъавуда гьеч1ого

асирлъуде ккана, гьениса лъутана ва Кабардиялда вахчун вук1ана. Шамилил

ц1аралдаса муг1рузул г1адамал ах1улел рук1ана г1урусазул талавурчаг1азде данде

къеркьезе. (Ичкериялдаса Далхан Хожаев. "Кабардаялде Шамилил рагъулаб сапар"

абураб тарихияб очерк. Газета "Даимаб ах1и", N 3,1994 сон). Гьесул хадусеб

къисмат жеги лъаларо.

12. Ч1ик1аса Ахъбердиев Мух1амад-вагъулаан гъалбац! г1адин, вук1ана лъукъун.

13. Ч1ик1аса Годоков Г1иса-гьевги Ахъбердиев Мух1амадги асирлъуде ккана. Жанир

т1амун рук1ана Шурагьир "Кавалер Батарея" кьурда т1ад бараб туснахъалъур.

Цогидал муридзабазда гьениса лъутизе к1вана цадахъго. Гьезул цо бут1а кквезе

щвана, цогидал г1агардег1ан бук1араб рохьор рахчана, Ич1го къоялдаса гьев

к1иявго Ц1обокь росулъе вач1ана ва гьениса Шамилихъе Даргъоре рорч1ана. (Булач

Х1ажиев, "Салатавиялъул муг1рузул ахалъуда", Мах1ачхъала, 1973 сон, 30 гьумер).

14. Гъоркьияб Г1ашилт1аса Къокъав Дибир-бах1арчилъиялда вагъана Ах1улгох1да,

вук1ана Шамилил х1инкъи гьеч1ев разведчиклъун. Ах1улгох1 бахъаралдаса хадув

нохъода вахчун вук1ана, цинги сардилъ солдатазул хъаравуллъиялда ва постазда

гьоркьосан росулъе ворч1ана. Вагъана Шамил асирлъуде ккезег1ан, хадуб хъулухъ

гьабуна Дагъистаналъул рек1аразул рагъулаб полкалда, г1ахьаллъана турказулгун

г1урусазул рагъда, хвана Харе шагьаралде гьужум гьабулаго. ("Бакълъулазул нур"

газета, 1993 соналъул 11 февраль, N7).

15. Г1ашилт1аса Меседо-Даришиласул ч1ужу, росасда аск1ой бах1арчилъиялда

ягъана,15 ругъун щваниги ч1аго хут1ана.

16. Г1ахьвахъа Ах1мад - гьев г1олохъанав мурид бах1арчилъиялда вагъана

Ах1улгох1да, гьел кьог1ал балагьазул къоялъ васасул рокьи ккана Г1ашилт1аса

лебалай яс Рах1иматихъ. Лъукъарал гьел к1ияздаго талих1алъго 22 августалда

хъалаялдаса къват1ире рорч1изе к1вана, хадуй гьес Рах1имат ячана ва Пашилт1а

г1умру гьабуна. Вук1ана Шамилил рит1ухъав муридлъун.

17. Г1ашилт1аса Рах1имат - г1ажаибго берцинай ва лебалай г1олохъанай яс,

бах1арчилъиялда ягъана рагъда хварал васазда ва инсуда цадахъ. Г1ахьвахъа

Ах1мадгун цадахъ 22 августалда Ах1улгох1даса къват1ие йорч1ана, хадуй Ах1мадие

росасе ана ва гьесда цадахъ Г1ашилт1а г1умру гьабулеб бук1ана.

18. Г1урк1ач1иса Г1алимирза - Ах1улгох1да рагъазулъ г1ахьаллъи гьабуна жиндирго

г1олохъанав вас Муртузида цадахъ. Г1алимирза рагъулъ ч1вана, Муртузин абуни

щибго зарал ккеч1ого ч1аго хут1ана. Муридзабигун цадахъ Шамил имам Даргъове

гочараб мехалъ имамас гьев муридзабазул бет1ерлъун т1амуна. Шамил асирлъуде

ккедал Дагъистаналдаса къват1иве ана. Шамилил чанго муридасда цадахъ Харсалда

г1умру гьабулеб бук1ана. (Гъазигъумекиса Г1абдурах1ман. Г1арабалдаса

буссинабураб рак1алде щвеязул т1ехь "Китаб-ат-тазкира", "Нилъер Дагъистан"

журнал, 1996 соналъул 181-183 номерал).

19. Колоса Г1алимирза - гьадин хъвалеб буго жиндирго "Китаб-ат-тазкира" абураб

т1ехьалда Гъазигъумекиса Г1абдурах1маница: "Гьеб росулъ г1умру гьабулеб бук1ана

х1алакъав, цо гурони бер гьеч1ев, цояб квералдаса мах1румлъарав маг1арулас.

Ах1улгох1да рагъулъ г1урусазул г1арадаялъул гуллица гьесул цо квер т1езабуна.

Гьесда ц1ар бук1ана Палимирза, кколаан Сурхайил вацасул вас, имамас гьесда

т1адкъана байтулманазе бет1ерлъи гьабизе, Шамилие гьев кутакалда вокьулаан, гьел

росабазул наибас цо-цо мехалда гьесда т1адкъалаан нухмалъи гьабизе. Гьес

т1адкъараб иш кидаго нахъг1унт1ун ва камилго т1убазабулаан. Г1арабазул аби буго

талих1ав инсул вас имг1аласда релълъарав вук1инилан, гьедин Г1алимирзаги

сундулъго Сурхайида релълъарав вук1ана". ("Нилъер Дагъистан" журнал, 1996 сон,

№181-183,70 гьум).

20. Инхоса Нурмух1амад - дарвиш ва имамасул гьудул. Т1оцеве гьев рак1алде

щвезавулев вуго 1830 соналъул февралалда. Гумбеталъулазулгун питна-кьал ккараб

мехалда Шамил балагьалдаса хвасарлъана Инхоса дарвиш . Нурмух1амадил ва гьесул

гьалмагъзабазул кумекалдалъун. (Къарахъа Мух1амадт1агьирил т1ехьалдаса, 25

гьумер). 1831 соналда гьев лъукъун вук1ана "Агъачхъала" щулалъиялда аск1ор

ккарал рагъазда, г1ахьаллъи гьабуна Ах1улгох1 ц1униялъулъ, гьев вук1ана 1840

соналда жидерго ва сверухъ ругел росаби мут1иг1 гьаризе Т1елекьа

Къебедмух1амадие кумекалъе бит1араб Жаватханил къокъаялда гьоркьов. Хадув

гьалмагъзабигун цадахъ дарвиш Нурмух1амад ана Къарахъе. Гьес гьенир аманаталъе

г1олохъаби рачана ва К1арат1е рит1ана. (Гъазигъумекиса Г1абдурах1ман,

"Китаб-ат-тазкира" абураб рак1алде щвеязул т1ехь, "Нилъер Дагъистан" журнал 1995

сон, N179-180,82 гьум).

21. Г1ашилт1аса Х1асан-Х1ажияв Малачиханов. 12 сон барав чи кьун вук1ана

Калугаялдаса бечедав помещик Г1арамановасе лагълъун, 20 сон бараб мехалъ

армиялде кьуна. Шамилиде данде вагъизе инкар гьабуна, г1ахьаллъана Крымалъул

рагъулъ. Хадусала Шамилгун чанго нухалда дандч1вана Калугаялда.

22. Г1ашилт1аса Ибрагьим - бах1арчи г1адин вагъана, ккана асирлъуде, вит1ун

вук1ана Харьков шагьаралде. Гьесул вас Мух1амадг1али хадуса вахъана г1урусазул

офицерлъун.

23. Г1ашилт1аса Г1алигъалбац1 - асирлъуде ккана гьит1инавго чи, г1емераб

г1акъуба, инжитлъи бихьун нахъе ворч1изе к1вана. Хадуса гьесул вас Мух1амад

вахъана ц1ар арав г1алимчи.

24. Г1ашилт1аса Малачил вас Х1ажияв - асирлъуде ккана, нахъе вач1инч1о, къисмат

кинаб ккарабали лъаларо.

25. Г1ашилт1аса Султ1ан - асирлъуде ккана гьит1инавго чи, г1емераб

г1акъуба-къварилъи бихьун гьениса т1урун ворч1ана росулъе. Гьесул лъади Меседо

гьединго Ах1улгох1да йик1ана,

26. Г1ашилт1аса Х1ава - гьит1инай жо ккана асирлъуде.

27. Г1ашилт1аса Исмаг1ил - лъимерг1анав вугев мехалъ вахана гох1де, цинги ккана

асирлъуде. К1удиял г1едал, цоцахъ рокьи ккун Х1аваги Исмаг1илги данделъана.

28. Г1ашилт1аса Чамасдак-Мурадбегил ч1ужу - къисмат кинаб ккарабали лъазабулеб

буго.

29. Г1ашилт1аса Бахтумагъа-Малачил ч1ужу. Гьелъул къисмат кинаб ккарабали

лъазабулеб буго.

30. Г1ашилт1аса Шайихасул Г1ашат-къисмат кинаб ккарабали лъазабулеб буго.

31. Г1ашилт1аса Г1алих1ума-лъимер г1анасев жо вук1ана гох1де вач1араб мехалъ.

Гьесул хадусеб къисмат кинаб ккарабали лъазабулеб буго.

32. Г1ашилтГаса Нурмух1амадил Ханзадай - къисмат кинаб ккарабали ц1ехолеб буго.

33. Г1ашилт1аса бах1арчияв рагъухъан Хацар Мух1амадил щуго вас: Г1амирхан,

Гьит1инамух1амад, Нуручу, Г1арип, Нурмух1амад. Гьезул ккараб къисмат жеги т1убан

лъаларо.

34. Г1ашилт1аса Г1умарил вас Гъази - лъимер г1анасев жо ккун вуго асирлъуде.

Хадусеб къисмат лъазабулеб буго,

35. Хъах1абросулъа К1удияв Исх1акъ.

Категория: Воины и герои | Добавил: nord-kaukas
Просмотров: 2119 | Загрузок: 0 | Комментарии: 3 | Рейтинг: 5.0/2 |
Всего комментариев: 0
Имя *:
Email *:
Код *:
Форма входа
Поиск
Друзья сайта

Copyright MyCorp © 2024
Конструктор сайтов - uCoz